Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    13
  • Самый ранний:
    09.01.2019
  • Самый поздний:
    04.02.2022
Найдено 13 объектов
17.07.2020

Бухьеналда рукIа, хIурматиял ракьцоял!

«Лъай-цIали бугев чи лъавукъасдаса рикIкIад гьавула щунусго соналъ» Имам Гъазали
07.06.2020

Ахирисеб цIумур, ахирисеб дарс

Жакъа магIу буго тIелхалъ бахчун чIун, БухIигун хIасратго гиризе къачIан. Къойил пикрабаца рачун щола нилъ Лъимерлъидул гIорхъи-школалъул кIалтIе..
29.02.2020

«Живая классика» конкурсалде гъира цIикIкIунеб буго.

Классика — цо хасаб къагIидаялъ хъвараб тIехь гуро, гьеб буго хасаб къагIидаялъ цIалараб тIехь, -ян абун буго Аргентинаялъул поэт, публицист Х. Луис Борхесас. Унго-унгоги хасаб къагIидаялда хабариял асарал цIализе махщел бугел цIалдохъабиги, жидерго дарс ва цIалдохъаби рокьулел мугIалимзабиги ракIарун рукIана гьаб анкьил арбагI къоялъ лъайкьеялъул отделалда.
11.02.2020

М. ХIАСАНОВ: «Гьабулебщиналъул мурад- нилъер районалъул гьумер берцинлъи»

(Араб соналъул хIасилазулги бицун цIияб соналде хIисабалде босаралъул бицунеб буго районалъул бетIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда.)
06.10.2019

Муг1алимзабазул къо баркула!

ХIурматиял мугIалимзаби, тарбия- лъай кьеялъул тIолалго хIалтIухъаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда 5 октябралда букIараб Халкъазда гьоркьосеб мугIалимасул къо! Нуж руго цIияб гIелалъе букIинеселъул кьучI лъолел, тарбиягун лъаялда цадахъ гьезулъ гIадамасул аслиял лъикIал хасиятал куцалел устарзаби. Жакъасеб къоялъ нилъер пачалихъ цебетIеялъе хIажалъула лъайгун бажари бугел махщелчагIи. Гьединлъидал, лъайкьеялъул бутIаялъ щивасул гIумруялда ккола аслияб бакI. МугIалимзаби, гьарула нужее сахлъи, ракълилаб гIумру, щивасе талихI, гьа­булебщиналъулъ икъбал, Биччан­те мугIалимазул сабруялъ, махщалил тIадегIанлъиялъ кидаго тIалъи босизе. Районалъул бетIер МухIамад ХIасанов
05.10.2019

Муг1алимзабазул къо баркула!

МугIалим. Гьеб рагIиялъул кIодолъи бичIчIуларев чи ватиларо ракьалда. Цо байрамалъул къоялъ гурелги, щибаб къоялъ кIодо гьаризе мустахIикъал руго мугIалимзаби. ЗахIматабгун хIалбихьи, жавабчилъи цIикIкIараб хъулухъ буго нилъер. ГIемерал кIвар цIикIкIарал масъалаби руго нужеда цере лъун. Нилъер районалъул учительзабаз намус бацIцIадго тIубазабуна ва хьул буго хадубккунги гьедин гьел масъалаби тIуразариялде. ХIурматиял, районалъул учительзаби, ракI-ракIалъго баркула нужеда профессионалияб байрам. Гьарула сахлъи, хIалтIулъ ва цогидал ишазулъ бергьенлъаби, пашманлъи гьечIеб, лъимал-хъизаналдаса рохараб гIумру. РФялъул мустахIикъав учитель,Лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулевИбрагьим ХIажиев
20.07.2019

ГьитIинаб росдал басриял масъалаби

Росулъ бугеб лъадакълъиялъул масъала районалъул бетIер МухIамад ХIасановасе рагьизе рачIун рукIана дагьалъ цере Лъахъ росдал имам ШехмухIамад Абакаров, ясли-ахалъул нухмалъулей Маржанат МухIамадова, жамагIатчи МухIамад Шамилов. Гьез бицана росдал аслиял идараби ( школа, ясли-ах, медпункт, кIиго мажгит, мадраса) ругел идарабзда гьекъолеб лъадал бугеб къанагIатлъиялъул. Гьел идарабаздаги, цIилъун бачIунеб басрияб росдал авалалдеги къатIра гьечIого лъим къотIарабги заман букIунин абуна гьез. Гьеб масъала хIисабалдеги босун хIалкIвараб кумек гьабизе рагIи кьуна районалъул бетIерас.
17.05.2019

ХIасан ХIУСЕНОВ: Тохлъарав чи лъикIлъиялде цIцIай буго дир мурад

Нижер баян: ХIасан ХIусенов, гьавуна 1972 соналъ Лъахъ росулъ, мугIалимасул хъизаналда. 1989 соналъ лъугIана ГIурада школа. ЦIалана Дагъистаналъул политехнический институталда, Москваялъул Энергетикаялъул институталда. КIиабилеб тIадегIанаб лъай босулаго щвана- юристасул махщел. 2001 соналдаса нахъе вуго Россиялъул уголовно- исполнительная инспекция- абулеб системаялда хIалтIулев. 2017 соналъул июлалдаса нахъе районазда гьоркьосеб Хунзахъ бугеб уголовно-исполнительная инспекциялъул филиалалъул начальник.
17.05.2019

Миллионаз жидерго рухI кьуна..

КIудияб Бергьенлъиялъ 74 сон тIубаялда хурхун тIобитIараб рохалилаб тадбир, тIолабго улкаялдаго гIадин, кIодо гьабуна нилъер районалдаги. Амма исана парадалда гIахьаллъаразул къадар лъедерго букIана. КIал ккун рукIиналъ захIмалъи кколеб бугониги ракIалде щвезе бегьилаан Бресталъул хIинкъи гьечIел къеркьохъаби, Ленинградалъул 900 блокадаялъул къоял, Сталинградалъул къеркьей, концлагеразда къурбанлъарал, тылалъул захIматчагIазул хIалтIи. Гьеб ккола халкъалъул рекIелъ цIунараб лъалкI. Нилъер ихтияр гьечIо тарих кIочон тезе биччазе.
17.05.2019

Кверда рекIун чороклъи хутIичIо

Ахираб кIиго анкьида жаниб гIемераб хIалтIи гьабуна нилъер районалъул росабалъ рацIцIа-ракъалъи цIуниялъе. Жидерго хIажалъи бихьун гIемериселго росабалъ тIоритIана жамагIатго гъункарал гваял-субботникал. Гьел рукIана нухал, кьоял, лъадал рахъал къачIалел, хобалал ва росдада сверухълъи бацIцIунел. «ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- гьаб ахIиялда гъоркь «ЦОЛЪИ» казияталъ районалда лъазабуна, цIикIкIун гIадамал хIухьбахъизе унел гIурул рагIаллъаби, рохьал рацIцIиялъул акция-эстафета.