Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.07.2020 17:49 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Бухьеналда рукIа, хIурматиял ракьцоял!

«Лъай-цIали бугев чи лъавукъасдаса рикIкIад гьавула щунусго соналъ»

Имам Гъазали

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял газета цIалулел. ТIаде щун буго кIиабилеб бащдаб лъагIалие подписка гьабулеб заман!

Анлъго моцIие кьолеб 300 гъурщида барахщичIого районалъул социалиябгун экономикияб гIумруялъул матIулъун жиб кколеб, анкьие цо бачIунеб гьаб басма хъварал ракьцоял, нужее бокьун буго байбихьудаго баркала кьезе! Кидаго рекъелги, баракатги, Аллагьасул разилъиги гьарула нужее!

«Цолъи» буго, нилъер росабазул батIи-батIияб заманалъул гIумру-яшавалъул чваххи данделъараб къулгIа, Шамил районалъул жамагIаталъул гIумруялъул 90 сонил тарих жаниб сокIкIунеб гъамас.

«Цолъи»- гьеб кколаро корохъ чед бежулаго рагIарал харбазул хIабургъараб хIор. Ялъуни доба гIанкI, гьаниб цер абун, телефоназда тирун, гьоболлъухъ рещтIунел къватIул харбал къватIибе кьолеб алат.

Узухъда, районалъул казияталъул хIалтIухъабазулги руго ватсапалги, инстаграммалги, республикаялъул СМИязда гьоркьоб цересел бакIал кколеб сайтги. Нижги раккула гьенире, хIисаб гьабула киналъулго. Амма цониги нижер мухбирас, кьучI гьечIеб хабар хъваларо газеталда, щибаб баян кьолаго мухIканлъиги тIалаб гьабула.

Районалъул газета ккола анцIго чияс подписка гьабуниги азаргояз гьабуниги анкьие къватIибе ине кколеб официалияб басма. Гьелда бахъичIони, кигIан кIудияб кIваралъулги районалъулгун росабазул администрациязул хIукмабазул, буюрухъазул ва цогидал документазул къуват букIунаро. Гьел гIумруялде рахъараллъун рикIкIуна гьаб, печаталъулаб, халкъияб информациялъул алаталъул гьурмазда лъун хадуб.

Нилъерго газеталъулгун гьудуллъи кквеян нижер гьари, хIалтIухъабазе харжал кьезе гIарац гьечIолъиялъ, гьардухъ рахъин бугилан абулелги камуларо. Гьел гъурщаз нижер коллективги хьихьуларо, хIурматиял.

Щибаб анкьалъ цIиял харбазул чапарлъун нужер щивасул рокъобе рещтIунеб «Цолъи» казияталъул» анкьие бищун цIикIкIараб багьа буго 13,64 гъурущ. Бикьеха гьаб 7 къоялде кколел кепкал рихьизе!

Исана 1-себ бащдаб лъагIалил подпискадул хIисаб гьабидал, цересел кьерда руго ясли-ахазул, школазул, маданияталъул хIалтIухъаби. Гьабулеб хIалтIулъ жанги къуватги кьеги нужее, хIурматиял! Нижецаги хIаракат бахъула нужер церетIеязул, машгьурлъиялъул, ругел гIузрабазул хIакъалъулъ хъвазе. Лъай кьеялъул ва маданияталъул темаби газеталъул гьурмазда кидаго аслияллъун рукIанин абуни, мекъиги ккеларо. Гьанжеялдаса хадубги гьелда ризлъила газета цIикIкIун хъваразул хIакъалъулъ материалал.

Гьелдаго цадахъ, нижеда кIочонаро росабазулъ бугеб гIумру-яшав, церетIеял, масъалаби рехсезе. Хасго бокьула магIарухъ гIумру тIамурал нилъер хIурматиял харабазул бицине. Щайгурелъул, гьезул лъимерлъигун, гIолохъанлъигун, хIалтIул бергьенлъабигун цадахъ 90 сонил ригьалде гали тIамуна казияталъ. Амма нижергун бухьенги гьабун, газеталъе чIаголъи кьолеб гIахьаллъи гьабуларо нагагьабги росдал бегавулас.

ЦIакъ загьираб, кидагосеб кIвар кьола нижеца росдал магIишаталде. Нилъер районалъул экономика росдал магIишаталда хурхараб бугелъулха. Амма, хъутабазде гочун, гIаммаб магIишат цебетIезабиялъе яхI бахъулел нилъерго росуцоязухъе казияталъул хинлъи чIвалеблъи щакаб буго. МагIишатазул нухмалъулез гьелъул миллат гьабулеб гьечIолъиги цебего якъинлъана нижее.

Районалда ругездасаги гIемерго цIикIкIун къватIирехун руго нилъер ракьцоял. Рес ккараб мехалъ магIарухъе щун, экскурсияби гьарунин абун, лъаладай лъималазда районалъул тарих, ракьцоязул яшав? Хъизаналда жанибе районалъул гIумру рагьулеб казиятги бачIун, гьеб цIалиялъ пайда гурони зарал букIинищ нилъее, хириял ракьцоял?!

МоцIида жаниб цониги нухалъ районалъул казият цIалун, гьелъул пикру гьабуладай районалъул, росабазул депутатаз? Бищунго жигараб жамгIияб хIалтIи гьабизе кколел гьезул гьаракь, рищиязул заманалъ гурони, тIубанго къун бугин ккола.

Бухьеналда рукIа, хIурматиял, нилъерго газеталъе ритIухъал, соналдаса соналде ками гьечIого гьеб хъвалел подписчикал. Хъвай нижехъе нужеего цIализе бокьулелъул яги бокьуларелъул бицун, лъазабе нижедасан информационнияб кумек хIажат ккараб мехалъ. Нижеца гьеб жаваб гьабичIого теларо.

Къиматаблъун буго редакциялъе нужер щивасул кагъат, пикру.

Аллагь разияб гIумруги, даимаб сахлъиги нужее гьарулаго «Цолъи» газета гIуцIулел

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

9