Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

07.06.2020 20:22 Воскресенье
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Ахирисеб цIумур, ахирисеб дарс

Жакъа магIу буго тIелхалъ бахчун чIун,

БухIигун хIасратго гиризе къачIан.

Къойил пикрабаца рачун щола нилъ

Лъимерлъидул гIорхъи-школалъул кIалтIе..

Школалдаса рагIулеб цIурмил гьаркьихъе ракI басандуларев къанагIатги ватиларо. Школа бугеб росулъ гIумруги батIияб букIуна. Къойил рагIулелдаса цо хасаб цIумур буго батIияб, киназдаго ракIалда чIолеб. ТIоцебесеб цIумур гьитIичазе кIвар бугеб, ахирисеб цIумур инсанасул гIумрудулъ хасаб бакI ккураб буго. Гьеб буго лъимерлъигун ратIалъун балугълъиялде тIоцебесеб гали лъолеб къоялъул байбихьи.

Ахирисеб цIурмил байрамалъухъ балагьарал анищал, гьеб къоялъ рохелгун пашманлъи жубарал магIилгаразде руссуна. ЦIияб гали тIамулаго рекIелъ рещтIуна хIинкъи, щаклъи, таваккал гьечIолъи. Сверухъ ругезухъ балагьидал, куркьбал рижарал хIанчIилъун роржине къачIадула.

ГIакълудул къулгIайин цIар лъураб гIагараб школа, магIу бадибккун 11соналъ берда цере рукIарал лъималгун къо-мех лъикI гьабулел мугIалимзаби.

Ахирисеб цIумур кьеялъул байрам тIолго улкаялда тIобитIула хасал гIадатазда рекъон. Щибаб школалда щибаб соналъ тIубараб театралияб церерахъиналда релъуна гьеб. Амма хисигьечIеблъун буго улкаялъул гимн гIенекки, школазул нухмалъулез гьарулел кIалъаял, байрамалде рачIарал хIурматиял гьалбал. Киданиги кIоченаро тIоцеесей мугIалималъул рекIел бухIиялъ цIураб калам, гьитIичазул церерахъин ва сихIкъотIиялда гьоркьоб, цIалулъ бергьенлъи босарал цIалдохъабаз горсверибахъун кьолеб ахирисеб цIумур.

Улбуз, мугIалимзабаз кьола школа лъугIаразе насихIатал, гьезие дандерижи гIадин цIалдохъабаз рикIкIуна баркала загьир гьабурал кочIомухъал.

Амма гьел гIадатал, исана соналъул цоги чIахIиял тадбиралго гIадин,улкаялда гьукъана. Киназулго сахлъи цIуниялъул мурадалда ахирисеб цIумуралъул тадбирал тIоритIана жамгIиял гьиназдасан. Гьай-гьай киназулго хьул букIана гьеб заманалде карантиналъул низам лъугIиялде. Киналго цIалдохъабаз, мугIалимзабаз, хасго эбел-инсуца цIалул соналъул ахирисел моцIал реццалъе мустахIикъаб даражаялда хIехьана. Дунялалдаго рещтIараб балагьаб унтуца киналго гъункизаруна нилъер гIумрудул аслу-нилъер лъималазе даража гIодобе ккечIеб лъайщвеялъе. Щаклъи гьечIо гьеб гъунки хадубги цIикIкIине букIиналда.

Гьарула киналго 2020абилеб соналъул выпускниказе рекIел анищал тIурай, экзаменазда лъикIал хIасилал ва икъбал. Баркала загьир гьабула тIолго мугIалимзабазе ва киналго школазул мугIалимзаби гурелги хIалтIухъабазе.

Давуд Давудов

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

38