Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

29.03.2020 18:09 Воскресенье
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЧIахIил чурпаялде хъат ханждалги бан

ГIорцIарал, цулъараб, пахруяб, жидерго умумузулцин цебесеб гIумру лъазе тIалаб гьабулареб наслу бихьидал, пашманлъула ракI.

«Дий доб мультикалда бугеб расанкIо босе! Гьал ясикIаби чIалгIана, цогидаб босе «Беби бон». Гьеб тайпаялъул гьоркьохъеб цо ясикIоялъухъ кьолеб гIарац чадил багьаялде бикьани, 70 буханка ккола.. Лъимаде цIикIкIараб рокьи- бокьанщинаб боси, эбел-инсуе цIаргун рецц. РатIлил, расанкIабазул цIун руго хъурщал, шкафал..

ХIалтIул къоялъул ахиралда ясли-ахалдаса рачине рачIиндал, данде рекерула: «дада, баба, щиб дие жакъа босараб? Рилълъа тукаде..» — эркенаб гIумру, телефоналъулгун магьари лъураб гIел.

«Щуйилаб босани курорталде вачина, кIийилаб хисани велосипед босила..» -дармиде буссараб тарбия, ричун росулел къиматал, дипломал, хъулухъ..

Нагагьаб лъимер буго тIехьалде, тIабигIаталде рокьи бугеб. «-Баба, маргьу цIалеха дие? -Дуе тIахьал цIализе заман гьечIо, мультикалъухъ балагье..» «-Дада, рилълъаха тIабигIаталде, лъарал рагIалде.. -Щиб гьениб бугеб? Дица нуж детский городокалде рачина качелабазда рекIине..». Гьедин лъукъула лъавукъал эбел-инсуца, лъимадулъ тIирщун бачIунебги лъикIаб тIор. Гьезул заман гьечIо умумузда бихьараб къварилъи рекIелъе биччазе, харабазул ракIалдещвеязухъ гIенеккизе.

Рагъул заманалъул лъимал, кинаб букIараб гьезул гIумру? ГIемераз бицунищ гьелъул гьанжесел наслабазе? Ракъиялъ гьорон хварал лъималазул хабар харабаца бицунелъул бидуе бецIцIула ракI. Гьезул кьерилал рукIана дол..

КIудияб ВатIанияб рагъул сонал. ЧIахIил чурпаялде хъат ханждалги бан, рухI хвасар гьабулеб захIматаб заман. ГIанкIудал хоноялда, нахул килоялдагицин лъураб магъало. ХIикматаб бахIарчилъиялъул ва къохIехьеялъул заман букIана гьеб. Кьалде арал гIолохъаби гурелги, захIматалъул армиялъул мухъде лъелго хандакъал рухъизе ритIарал чанги магIарул руччаби-ясал нахъ руссинчIо. Къадекванил бакIалда, маххул банкаялда жаниб гIаздал лъимги гьалун, цIамулъ лъураб цо-цо ччугIа кьолеб букIун буго гьезие кваназе. Гьениса чIаго руссаразул гIемераз гIумруялъ ччугIа кваначIо.

ХIалтIул бакIлъиялда рекъон, рикъзи щвечIого загIиплъун унтарал гьел, гьакида лъун тIадруссун росулъе ритIулел рукIун руго. Цо-цоял нух-нухаздаго къадар щун чияр росабалъ рукъиялъулги хIужжаби руго. Хвел гIемерлъун букIана росабалъ. Хоб бухъун жаназа букъиги харабаздагун улбузда цадахъ тIубалаан жеги балугълъичIел ясазгун васаз.

Пашманаб букIана магIарухъ руччабаз магIу щущалаго балъго ахIулеб сарин. Гьеб магIуялъулъ щияй чIужугIаданалъ жиндиего къиматаб цIарги рехсолаан.

«..Такъия къотIулеб къвакIчармил хвалчен

КъотIарабищ бетIер гирманиясул..

Кьалул майданалда дуде хIал ккани

ХIалае ячIине дун хIадур йиго..

Вай, чIегIераб сардилъ щолеб шагьри моцI,

ЧIалгIун йигин абе дун Гъобзаласда..

Дунги йигин абе дир гьудуласда

КIазил рагIалалда магIил хIорги чIун..»

Рагъ байбихьараб заманаялъ кIиго лъагIелцин букIинчIо гьал кочIол мухъазулъ рехсолев МачIадаса Гъобзаласул яс ПатIиматил. Инсул сипат ясалъул рекIелъ хутIичIо, гьев рагъда къанщана. ПатIиматил ракIалдещвеяз рагьулеб буго лъимерлъуда рекIелъ тарал лъалкIал

Хурибе хьазецин хьон букIинчIо

Дир гIелалъул лъимал, хеккого кIудиял гIурал, захIмат хIехьолел рукIана. Бергьенлъиялъул хабар щун рохел рещтIаниги гIемерисевго чи вукIана кIудияб ресукълъиялда. «Восстановление народного хозяйства»,-ян абураб ахIигун, щибго нахърател халкъалъул гьечIониги бакIарулаан магъало. Хурибе хьазе хьон, гьеб бекьизе оцал рукIинчIо. КъватIисан бачIунебги щибго нигIмат, къайи гьечIолъиялъ, мискинлъи тIепун букIана халкъалда тIад. Ролъул хинкI, чед кваназе щвани, гьеб букIана цIакъ кIудияб рохел. Нижер эбелалъ щиб-щибниги букъун, бича-хисун ракъи бихьизе течIо лъималазда.

ЦIоросаролъил хIокI, куракул пурчIун бекун, хъирщун хутIараб хъалгицин хенолаан гьабихъ. Гьелда ханждал хъатги жубан, буцун къанида бежулеб чадида цо-цо нухалъ цIа рекIунаан, тIадагьлъиялъ. Черх бацизе бугебги ретIел рукъалаби гIемерлъиялъ, кинаб кьералъул ххамил, сундул гьабурабали лъалареб букIана. Хисизе цоги гьечIолъиялъ, къаси чурун радалалде бакъвазабизе кколаан гьебги.

Къохьол тIажал, сугъуралъул гурдал ретIиялде ккаралги рукIана гIадамал.

БетIербахъиялъ рачIун нижер росулъ чIчIараб цо хъизаналъ бессулаан сугъур. Тамахаб, хIеренаб хъирщун квасул тIеренаб кунги гьабун, гьелъул бессараб сугъуралъул гурде, тIажу букъулаан цIакъго ресукъал гIадамаз. Дагьаб хъачIаб квасул къандалъаби, ургаби рессулаан.

Къаси нартил чирахъалъул канлъухъе хьвацIаги гъоркь ккурал буртинадул хьитал гьарулаан руччабаз. Нижер эбелалъулги букIана гьелъие махщел. Гьединалгицин хьитал щвечIого, жибго къехь хIатIида жемулелги рукIана гIемерал.

ТIагIамалъе цIам,чирахъалъе нарт босизе лъелго Шурагьаре, ГIанжиялде унаан. Рагъде ун рокъов бихьинчи хутIичIел руччаби-лъималазе букIана кIудияб къварилъи.

Ракъун, свакан ругониги, хIалтIуе квал-квал ккезе толароан. Къаде кваназе, хIухьбахъизе рокъоре рачIинчIого, тIубараб риидалил къоялъ магъилъго рукIунаан руччаби. Ресалда рекъон рокъоса цадахъ босараб къадеквен киназго данде балаан. Бищунго цIакъаб нигIмат гIадин тIагIамалда, тIаде лъимги ххун кваналаан гIатIал, ролъул хинкI-чед нисугун цадахъ.

Рикъзи къанагIалъаниги ракIал гIатIидаб заман

Рагъдаса хадуб накабаздаса бахъунеб букIана улкаялъул халкъияб магIишат. Кваникълъигун ратIликълъи бугониги гIадамал рукIана цоцалъ хIалрекъарал,ракIал гIатIидал, аваданал. БакI-бакIалдаса кIи-кIи рекъон цоцазда данде биччалеб кочIол бакъан бакъ тIерхьинегIан къотIулароан магъилъ. Бакъан биччазе лъаларин, кIоларин нахъе къан чIолев чиги вукIунароан.

Рикъзи къанагIатаб заман бугониги ригьин гьабулаан жамагIатго бакIарараб сухIматги гIуцIун. Щибаб хъизаналъ жидер ресалда рекъон, чедгун нису кьунги, берталъе щванщинав чи кваназавичIого толароан. Рокъор лъимал ругел улбуз цадахъ босулаан жидецаго кванан хутIараб чадил кесек. КигIанго цIакъ рокъоб къварилъи бугониги, яхIалъ гьеб къватIиб лъазе толев чиги вукIунароан.

Цо-чанго соналдаса щиб-щибниги къайи-цIа бачIана тукабазде бичизе, баккана ххам-чит, палатIной (штапель), росизе щолаан резеналъул калощал, хIебтил хьитал. ПалатIноялъул гурде щварав чи чIухIарав чи вукIана. Резнил калощал, цIвакарал жалги рукIун, берталъги-жоги ретIунаан, чIухIарал хьиталлъун рикIкIунаан гьел. Гьеб букIана магIишат-яшавалъе бигьалъи бачIараб, жидецаго гIезарурал нигIматазул гьуинлъи чIвараб заман..»

ПатIимат ГьитIинова

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3