Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.05.2019 15:23 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Кверда рекIун чороклъи хутIичIо

Автор: П. ГьитIинова

Ахираб кIиго анкьида жаниб гIемераб хIалтIи гьабуна нилъер районалъул росабалъ рацIцIа-ракъалъи цIуниялъе. Жидерго хIажалъи бихьун гIемериселго росабалъ тIоритIана жамагIатго гъункарал гваял-субботникал. Гьел рукIана нухал, кьоял, лъадал рахъал къачIалел, хобалал ва росдада сверухълъи бацIцIунел.

«ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- гьаб ахIиялда гъоркь «ЦОЛЪИ» казияталъ районалда лъазабуна, цIикIкIун гIадамал хIухьбахъизе унел гIурул рагIаллъаби, рохьал рацIцIиялъул акция-эстафета.

Ахираб кIиго анкьида жаниб гIемераб хIалтIи гьабуна нилъер районалъул росабалъ рацIцIа-ракъалъи цIуниялъе. Жидерго хIажалъи бихьун гIемериселго росабалъ тIоритIана жамагIатго гъункарал гваял-субботникал. Гьел рукIана нухал, кьоял, лъадал рахъал къачIалел, хобалал ва росдада сверухълъи бацIцIунел.

Дагъистаналъул гIемерал районаздаса, шагьараздаса, хIатта республика бахун къватIисацин гьалбал данделъараб букIана Гьоориб тIобитIараб исанасеб Оцбанкъо. Гьеб къо тIаде щвелалде росулъе рачIунел шагьранухаздаса байбихьун рищни-къулги бацIцIун, росдал гьумер берцин гьабуна гьаадерица.

«ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- гьаб ахIиялда гъоркь «ЦОЛЪИ» казияталъ районалда лъазабуна, цIикIкIун гIадамал хIухьбахъизе унел гIурул рагIаллъаби, рохьал рацIцIиялъул акция-эстафета.

Нилъерго росабазда сверухъ ругел риидал хIухьбахъизе унел тIабигIаталъул бокIназда рацIцIалъи гьабизе рачIаян ахIи араб соналъги кьун букIана нижеца газеталда. Амма гьеб хIалтIи гьабунин абураб баянги, сураталги цохIого-цо Ругъелда школалдасан гурони бачIинчIо. Жидерго росда тIад бугеб рохьил рацIцIалъудаса гIемераб рищни-къул бакIарун букIана 11-абилеб классалъ ва гьезул мугIалим ГIачура ГьитIиномухIамадовалъ. Гьебго классалъгун цадахъ байбихьана редакциялъул коллективалъ исанасеб эстафета. Жалго цере лъугьун квана-гьекъолез тIабигIаталде бараб чороклъи бакIариялъулъ гIахьаллъана къелдерил бегавул, гьесул заместитель, школа-интернаталъул мугIалимзаби, цIалдохъаби, ясли-ахалъул хIалтIухъаби, мадрасалъул мутагIилзаби, киналго росабазул вакилзаби.

Эстафета цебеса цебе кьолеб росуги къоги лъазабун букIана районалъул тIолалго бегавулзабазда, школазда. Къелдерихъа эстафетаги къабул гьабун федералияб трассаялде щвезегIан гIурул мухъ, рохьил рацIцIалъи бацIцIана регьекьдерица. Гьеб ишалъе живго цеве эхетана Ракьуб росдал бегавул. Гьединабго чIаголъи гьабуна жидерго росдада сверухъ Лъануб росдал бегавуласги.

Хадубккун эстафета кьурал росабалъа тIабигIаталде рахъун рацIцIалъи гьабиялъул мухIканаб баян нижехъе щвечIо, гьез къабул гьабичIо ва цоцахъе кьечIо. Амма лъалеб жо, гьаниб тIадехун бицанихъе, цIикIкIуниселго росабалъ жамагIаталъе пайдаяб гIезегIан хIалтIи гьабун буго.

«ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- ян абураб ахIи бищунго кIудияб гъункигун къабул гьабуна Гьидалъ. Анлъабго росдал бегавулзаби, школазул директорал, мугIалимзаби къватIиреги рахъун рацIцIалъи гьабизе байбихьана Гьидерил кьодаса. Гьениса щибаб росдае бихьизабураб бутIаги бацIцIунаго лъелго ана гьел жиде-жидер росулъе.

Кверда рекIун чороклъи хутIичIо «ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- ян абураб ахIиги къабул гьабун къватIире рахъаразда. БацIцIадаб намусгун, цIалдохъабазе тIабигIаталда рагьараб дарсги кьун, тIадруссана чIахIиял рокъоре.

Гьаниб хасаб баркала загьир гьабизе бокьун буго «Гьидалъ» жамгIияб гIуцIиялъул председатель, районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев, РФялъул мустахIикъав мугIалим Ибрагьим ХIажиевасе «ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун» акция-эстафетаялъул рахъги ккун, гьеб тIобитIиялъе нижее квербакъаралъухъ.

Нилъер щивасе бокьула тIабигIат берцинаб рохьил рацIцIалъуда, байдабазда, гIурул, лъарал рагIаллъабазда хIухьбахъизе. Амма нилъецаго баччун гьенибе бачIараб банка, шиша ва цогидаб пластикалъулгун цIорол тIагIел-гIучI, къвачIа-квара бугелъуб тола. Инсанасе къуват кьолеб тIабигIаталъул берцинлъиялъул къимат гьабизе щай нилъеда лъалареб? РацIцIалъи алжаналъуса бачIараб бугинги бицуна нилъеда, иццулги рекIелги бацIцIалъи цIуне-ян умумузги абулаан. КIинусго-лъабнусго сон баниги ракьулъ турулареб заралияб пластикищ нилъеца бекьун наслабазе ирсалъе телеб, гIурул мухъаздаги, рохьахъги, магъилъги!?

Кьин тIаде щвезегIан щибаб росулъ гьабизе бегьунгутIи гьечIо жиде-жидер ракь бацIцIад гьабиялъул хIалтIи.

Аллагьас къуват кьеги лъикIал ишазе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4