Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Миллионаз жидерго рухI кьуна..

Автор: Давуд Давудов

КIудияб Бергьенлъиялъ 74 сон тIубаялда хурхун тIобитIараб рохалилаб тадбир, тIолабго улкаялдаго гIадин, кIодо гьабуна нилъер районалдаги.

Амма исана парадалда гIахьаллъаразул къадар лъедерго букIана. КIал ккун рукIиналъ захIмалъи кколеб бугониги ракIалде щвезе бегьилаан Бресталъул хIинкъи гьечIел къеркьохъаби, Ленинградалъул 900 блокадаялъул къоял, Сталинградалъул къеркьей, концлагеразда къурбанлъарал, тылалъул захIматчагIазул хIалтIи. Гьеб ккола халкъалъул рекIелъ цIунараб лъалкI. Нилъер ихтияр гьечIо тарих кIочон тезе биччазе.

1945 соналъул 8 маялъ СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун 9 май лъазабуна Бергьенлъиялъул къолъун. Щибаб санайил гьеб къоялъ нилъеца ракIалде щвезарула рагъул кьалда тIупарал бахIарзалги, бахIарчияб гьунаралъул ветераналги. Гьеб къоялъ цолъула ВатIаналъул тIолабго халкъ киназего гIахьалаб Бергьенлъи кIодо гьабизе. Гьединан исанаги КIудияб Бергьенлъиялъ 74 сон тIубаялда хурхун тIобитIараб рохалилаб тадбир, тIолабго улкаялдаго гIадин, кIодо гьабуна нилъер районалдаги. Радал сагIат ичIго тIубалелде районалъул администрациялъул минаялда цере ракIарун рукIана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов, ЛъаратIа-Шамил районазул рагъулав комиссар Арсен МухIамадов, росабазул бегавулзаби, школазул ва районалъул идараязул нухмалъулелгун хIалтIухъаби, мугIалимзабигун цIалдохъаби. Гьединабго къокъа букIана ХIебда ясли-ахалъул минаялда цебеги. Киназего гIаммаблъун букIана Бергьенлъиялъул байрахъ, РФялъул ва ДРялъул байрахъал ва рекIее чIухIигун пашманлъи жубараб асар гьабулеб «Хвел гьечIезул полк». КIиябго къокъа данделъана Афгъаналъул рагъда къурбанлъаразе бараб памятникалда цере. Гьенир тIугьдулги лъун, рагъул заманаялъул рукIарал бакъназда гъоркь щвана рагъда камуразе бараб Обелискалда цере.

Байрамалъул тадбир рагьана ва нухда бачана районалъул бетIер МухIамад ХIасановас. Баркиялъул калам гьабизе гьес рагIи кьуна ЛъаратIа-Шамил районазул рагъулав комиссар Арсен МухIамадовасе, ветераназул ва харабазул Советалъул нухмалъулев МухIамадрасул АсхIабовасе, районалъул имам ХIасание, ХIебда школалъул цIалдохъан МуртазагIали Давудовасе, руччабазул рахъалдаса кIалъай гьабуна терапиялъул заведующая Аминат МухIамадовалъ.

Щибаб лъагIалидаса цIикIкIунеб буго гьеб кIудияб къо баркиялъе гьабулеб тIалаб, кIвар. Амма исана парадалда гIахьаллъаразул къадар лъедерго букIана. КIал ккун рукIиналъ захIмалъи кколеб бугониги ракIалде щвезе бегьилаан Бресталъул хIинкъи гьечIел къеркьохъаби, Ленинградалъул 900 блокадаялъул къоял, Сталинградалъул къеркьей, концлагеразда къурбанлъарал, тылалъул захIматчагIазул хIалтIи. Гьеб ккола халкъалъул рекIелъ цIунараб лъалкI. Нилъер ихтияр гьечIо тарих кIочон тезе биччазе.

«Ракьалде щвезегIан къулула бетIер» гьединаб ахIиялда гъоркь байбихьана культураялъул хIалтIухъабаз ва ХIебда школалъул цIалдохъабаз КIудияб ВатIанияб рагъда босараб бергьенлъи ракIалде щвезабиялъе гIуцIараб театралъул церерахъин. Гьеб гIасияб рагъда хварал гIолохъанал васалгун ясалазул кочIол саринал цIалулел, рагъулаб ретIел ретIарал гIолилал рихьидал ракIалде ккола, щивав балагьарав чиясул рекIелъе лъугьанин доб рагъда рукIаразул асар. Рагъдаса руссинчIел, гIумруялде гIащикъал гIолохъанал васалгун-ясазул къисмат, гьезул рекIел ахIи тIубанго загьир гьабизе бажарана цере рахъаразда. Черхалда сири бачIого кин хутIилеб доб кор боркьараб рагъул байданалдаса ахIулел кочIол саринал рагIараб мехалъ. Балагьаразда цебе лъуна Освенцим лагералда эбелгун васасул букIараб гаргар. БахIарчияв васас эбелалда гьарулеб бугоан жинцаги яхI бахъанин, къадру рехун течIин, мунги кьварун чIайилан. Байрамалда культураялъул тадбиразе ахир гьабуна ТIидиб школалъул ДРялъул МустахIикъав мугIалим Ахбердило Ахбердиловас гIуцIараб программаялдаса лъималазул церерахъиналъ.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

5