Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

18.11.2019 11:32 Понедельник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЧIухIи жиндилъ гьечIев, калам дагьав чи Профессор ГIарип Абакаров ракIалдещвеялъе

Автор: ХIажи АхIмадов
ТIасабакълъухъ школалъул гIурус мацIалъул мугIалим

Шамил район гIуцIаралдаса 90 сон тIубаялъул юбилеялде къватIибе бачIараб «Замечательные люди Шамильского района»- абураб тIехь цIалун хадуб, дида ракIалде ккана дирго пикраби загьир гьарун районалъул газеталде макъала хIадуризе. ЦIакъго лъикIаб тIехь хIадурун бугоан автораз, баркала гьезие районалъул машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ гьедин берцин хъваралъухъ.

Амма, щаялиго ТIасабакълъухъ росулъа профессор, мунагьал чураяв ГIарип МухIамадович Абакаровасул цIарцин гьениб батичIо. Гьелъги тIамуна дун нижер росуцояв, лъикIав инсан ГIарип Абакаровасул гIумруялъул нухлул, гьес нахъе тараб унго-унгоги мисалалъе мустахIикъаб лъалкIалъул районцоязе бицине.

ГIарип Абакаров гьавуна 1942 соналъ ТIасабакълъухъ росулъ школалъул мугIалимасул хъизамалда.

Гьесул лъимерлъуда рагъде арав эмен МухIамад тIадвуссинчIо. Инсул гьумер лъачIого гIуна вас.

Гъоб заманалъул киналго руччаби гIадин росдал гIаммаб магIишаталда хIалтIулей йикIарай эбелалъ гIемераб гIакъуба бихьун гIезавуна вас.

ГьитIинго захIматалде куцарав, спорталдехун рокьи бижарав ГIарип кIвахI гьечIого хIадурулев вукIана жиндирго черх лъадаризабиялда, къвакIизабиялда тIад.

Гъоб мехалъ росулъ вукIинчIо цониги тренер, яги спорталъул цониги тайпаялъе куцалеб бакI.

Живго жиндаго чIун, жинцаго хIадурарал алаталгун гIемераб хIалтIи гьабуна гьес черх квегъиялда тIад.

Гьелъул хIасилалда ГIарип спорталъул мастерлъунги вахъана, гIемерал бергьенлъабиги щвана. Армиялде витIарав ГIарип Киргизазул Фрунзе (гьанжесеб Бишкек) шагьаралде ккана. Армиялъул хъулухъ лъугIун хадуб гьенивго университеталде цIализеги лъугьуна. ТIокIлъигун университет лъугIарав ГIарип хIалтIизе гьенивго чIезавула тIадегIанаб цIалул идараялъул нухмалъулез. Гьенив цIалулаго нилъер районцоясул рукIарал бергьенлъабиги, загьирлъараб гьунарги нилъеда лъачIо, гьев Дагъистаналдаса рикIкIад вукIиналъ. Росдал гIадамаз Фрунзе-ГIарип абун рехсолаан гьесул цIарцин.

ГIарипица спорталда цадахъго гIелмуги лъазабулаан. ЦIунана биологиял гIелмабазул кандидатасул диссертация, вахъана профессорлъун.

Гьес хъвана 105 гIелмияб хIалтIи. Греказулгун румазул гугариялъул махщел бугев тренер, профессор, ГIарип МухIамадович гIажаибго гIодобе биччараб гIамалалъул, цIакъ нечарав, живго жиндаго гьитIинлъун вихьулеб гIамалалъул инсан вукIана.

СССР бихун хадуб гIагараб Дагъистаналде тIадвуссарав гьев хIалтIизе лъугьана ДГПУялъул физкультураялъул факультеталде. Гьенив гIемерал соназ деканлъун ва цадахъго олимпиадаялде хIадурулел гIолохъанал спортсменазул тренерлъун хIалтIана.

Жинда хIалкIвараб кумек гьабуна ГIарипица росулъа ва районалдаса цIализе рачIарал гIолилазе. Гьесул хIаракаталдалъун, ДГПУялъул физкультурияб факультет лъугIана 15 гIанасев росуцояс. Кумек гьабулаан ГIарипица росулъ гьарулел жамгIиял хIалтIабазулъги (гIарцулаб кумек).

ГIарип МухIамадович Аллагьасул къадаралде щвана 2019 соналъул 8 апрелалъ. Гьесул гIумруялъул букIана 77 сон. ГIарипица гIезаруна жиндирго кIиго вас ва цо ясги.

Мунагьал чураяв ГIарип вукIана чIухIи жиндилъ гьечIев, гIодове виччарав, калам дагьав чи. Щив аскIове вачIаниги гьимулаго кIалъалаан, кIвараб кумекги гьабулаан.

Рецц-бакъ бокьуларев, тIадегIанлъи, кIодо гьави рихарав гIадатияв инсан нижеда росуцоязда кIочон теларо. Дие цебего бокьун букIана гьесул хIакъалъулъ чIаго вукIаго районалъул яги республикаялъул газетазда хъвазе, амма гIумруялъул ва хIасилазул бицейин аскIове щведал, гьес дида абуна гьимулаго: «Щай гьеб? КъваригIарал чагIазда гьадинги лъалила жив, газеталда вахъун кIодо гьавизегIадав чи гьечIила жив». Гьедин инкар гьабуна гьес жиндирго хIакъалъулъ хъвазе. Жиндирго сурат бахъизецин къабуллъулароан гьесие.

ГIарипица хIадур гьаруна гIемерал спорталъул мастерал, гьесул студентал машгьурлъана Дагъистаналда ва Россиялда.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

36