Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

11.11.2019 11:47 Понедельник
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Басрияб телевизоралъул заманго дурусаб букIинчIищ?

Автор: Давуд Давудов

Араб гIасруялда тIубараб улкаялъул халкъазе бищун гIагараб байрамлъун букIана, цIияб пачалихъалъе кьучI лъураб къо- 7 ноябрь. Берцинго ретIа-къан парадалде унеб жамагIат, тIобитIулеб гIатIидаб культураялъул программа, гIадамазул цоцалъ ракI жубай. Гьелдаго цадахъ телевизор бугезе рес букIана къойица гьеб балагьизе, щай гурелъул хутIарал хIалтIул къояца телевизоралъ квал-квал гьабизе рес букIинчIо. Балагьизе рес гьечIезе гIенеккизе лъолаан радиоточкаби. РагIаралдаса бихьараб лъикIилан гIемерисезул букIана батIи-батIиял газет-журналазе гьабураб подпискаги.

Араб гIасруялда тIубараб улкаялъул халкъазе бищун гIагараб байрамлъун букIана, цIияб пачалихъалъе кьучI лъураб къо- 7 ноябрь. Берцинго ретIа-къан парадалде унеб жамагIат, тIобитIулеб гIатIидаб культураялъул программа, гIадамазул цоцалъ ракI жубай. Гьелдаго цадахъ телевизор бугезе рес букIана къойица гьеб балагьизе, щай гурелъул хутIарал хIалтIул къояца телевизоралъ квал-квал гьабизе рес букIинчIо. Балагьизе рес гьечIезе гIенеккизе лъолаан радиоточкаби. РагIаралдаса бихьараб лъикIилан гIемерисезул букIана батIи-батIиял газет-журналазе гьабураб подпискаги.

Тарихалъул сверелалдаса борчIун щущан ана 1-2 гурони телеканал букIинчIеб улка. Хисана яшав, цIикIкIана телевизор, холодильник, видеомагнитофонал иргадулъ чIечIого босизе рес щварал гIадамал. Подписка гьабизе кIочон, газета киосказдаса босизе байбихьана, гьебги гIицIго телепрограмма бугеб хъирщун. Радио, телевидение, пресса пачалихъалъул хъаравуллъиялда гъоркь букIиналъ, букIинчIо гьеб сабаблъун инсанасул сахлъиялъе жагъаллъи ккезе гIиллаги.

Щибаб ригьалъул гIадамазе, росдал захIматчагIазе, хасго лъималазе рукIана санагIатаб заманалда хасал рубрикаби. СМИязул «хинкI» гьелдаго цадахъ гьезулго аслуялъулги инсанасасул сахлъиялъулги тушман РЕКЛАМАялъ ккуна хасабго бутIа. Кашпировскиясги берцинго рахъарал къватIисел улкабазул сериалазги нухал къана гIадамазул цолъиялде. Киноялъухъ балагьулел клубазда къанагIалъана, умумузул кечI-бакъангун концертал рокьаразул къадар лъадарлъана, театралъ пана гьарулел тIуранго тIагIана.

Телевизоралъ къватIиб кьолеб уябги хъубабги цоцалъ журан рукIиналъ, кьер бугеб «ящикалъ» бихьизабулебщиналъ чIел босизе байбихьана. Заралиябщинаб, сахлъиялъе бегьуларебщинаб жо берцинаб РЕКЛАМАялъ чара гьечIого къваригIаралде сверизабуна.

МВДялъул баяназда гIиси-бикъинал гъалмагъарчагIи гурони гьечIеб бакIалде, къо бахъанагIан цIикIкIана чIвай-хъвей, бикъа-хъами, талавурлъи рехсарал цIиял харбал. Щибаб киноялда, гIемер балагьулел передачабазда гьеб гьоркьоб гьечIеб сюжет хутIичIо.ГIадамазулъ хIинкъи бижизабун церетIурал «багьадурзаби» ссиялде рачIине байбихьана. «ХIалтIул заман-хIалтIуе, цIалул заман-цIалуе»-ян хъварал игIланал гIабдалзабазул ругин тана. Щивав инсанас, живго жиндиего гIакъиллъун вахъун, гьарурал тIекъал галаби нахъ росизе захIмалъиялъ жамагIатазда гьоркьоб дагIба-рагIи цIикIкIана. Гьел рукIана телевизоралъ рихьизарурал «дарсазул» хIасил.

Цудунго барщараб хехго турулеб гIадат батаниги телевизор хисун ИНТЕРНЕТалъ чIел босана гьанжесала. РухI гьечIеб, гIакълу хисиялъул хасаб алаталъ чангиязул бетIер хIатIил ахадаса гъоркье дализабуна. Щиб бахIс, дагIба- къец кканиги ИНТЕРНЕТалдаги хъван бугилан далиллъиялдеги бачуна. Гьедин абулез пикру гьабулеб батилароха интернеталда, мессенджеразда, ватцапазда ва цоги бухьеналъул хъулухъазда информация лъолел чи гIадатиял гIадамал рукIин, гьениб хъварабщиналда хадуб халгьаби букIунарилан.

Интернеталда кинабго мекъи бугин абулев чи дун гуро, амма киналдаго божилъиги букIунаро. Ахирисел саназ раккарал интернеталъул унтаби руго чIахIиязги гIисиназги гьарулел ПОДПИСКАби. «Лайкал» щвезейилан жалго реццун гьарулеб РЕКЛАМА. Ай, гьениса мисал босун, чан лъимер гIумруялдаса батIалъараб? Гургинаб сордо-къоялъ щибго хIалтIи гьабичIого, цIалул тIалаб рехун тун гьарулел эфираз гурищ гьитIичазул гIадалнах гьалдезабулеб? Пачалихъалъул интернет-унтиялдаса цIуниялъе рахъарал хасал тадбирал, кагътидаго течIого рагIалде рахъинаруни, кIвар цIикIкIараб букIинин ккола дида.

P.S. Кибехун дунял свераниги мисал хисичIого, районалъул рукIа-рахъин, цебетIей, гIузраби цебе лъолеблъун буго ,гьале 88 соналъ камичIого щибаб анкьалъ цIалдолезухъе щолеб районалъул казият. Басрияб телевизоралъулги хIалтIи дурусаб букIана, амма «ЦОЛЪИ»ялъулаз хIаракат бахъула РЕКЛАМА гьабичIого, ПОДПИСКА дагьлъиялъухъ балагьичIого районалъул щибаб идараялъул, гьезул нухмалъулезул хIакъалъулъ хIакъикъиял, дурусал баянал къватIире кьезе. Районалъул гIумруялда жаниб лъугьа-бахъунеб официалиябщинаб лъалеб гьечIони, щиб букIунеб бичIчIи хъулухъчиясул?

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

26