Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

26.10.2019 11:04 Суббота
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Щварабго бакъ бугин Гванда рагIалда..

Автор: ХIажи Назаров

М.Танкаев эменгун

(Генераласул инсул хIакъалъулъ «Гьидалъ» газеталъул архивалдаса босараб)

Гъобзалов Танка гьавуна 1863 соналъ ГIурада росулъ гIадатияв векьарухъанасул хъизаналъе.

ГьитIинаб мехалдасаго гьев вукIун вуго жиндирго гIел бащадазда гъорлъ восарав, гIакълу-лъай бегIерав, лебалав гIолилав.

Амма рахIат гьечIеб, захIмат гIемераб букIун буго гьесул гIолохъанлъи. Кин бугониги, берцинго кьурди, кечI ахIи ва ихтилат-кеп гьаби гьес толеб букIун гьечIо. Цо нухалъ росдал Гванда абулеб авалалда Танка вахъинавун вуго кечI ахIизе. Гъираялда ахIулеб гIолиласул кечIги гьоркьоб къотIизабун цо тIохтIасан ахIун буго : «Танка, габурги, гьаракьги бицат гьабе цин кечI ахIилалде»,- ян. Гьеб бакIалда гIодоб лъун кодоб букIараб къалигун Танка гьениса нахъе ун вуго. Ва нахъияб къоялъ радал, эбел-инсудацин бицинчIого, цо-кIиго нухлулавгун цадахъ Гуржиялде шагьи-параялда хадув ун вуго.

Танкал йикIун йиго Агъзинил БатIина абулей, рекIее гIолей цо ясги. Гьес росу тун букIин лъараб мехалъ, пашманлъарай БатIинаца рикIкIун руго гьал кочIол мухъал:

НакIкIал къоялилан бакъги гьаруге,

Щварабго бакъ бугин Гванда рагIалда.

БецIал сардалилан канги бакуге,

Бакараб кан бугин гъоркь авалалда.

Исана ЦIоралде цIум герун анин,

ЦIодорго чIа абе ЦIоралъул ясал.

ЦIоралъул рохьазде хъергъу геранин,

Хъаравул те абе Гуржистаналда…

Гьеб букIун буго 1881 соналъул хаслихъе заман. Гуржиялде къватIиве вахъарав Танкае гьалмагъзабилъун рукIун руго жиндирго росулъа, чуязда рекIарав кIиго гIолохъанчи. Щолеб бакIалде щвезегIан, гьезул цонигияс лъелго унев гIолиласда абун гьечIо, цо дагьаб мехалъгIаги чотIе вахаян.

Гуржиялдаги чанги батIияб хIалтIи гьабизе ккун буго Танкаца.

Ахиралдаги Лагодехи росулъ цо бечедав чияс гьев вачун вуго жиндирго ахикь хIалтIизе. Гьес лъалъазе кколеб букIун буго кIудияб цIолбол ахги. Ахал лъалъалеб лъелги букIун буго росулъ чIезабураб кьварараб, мухIканаб ирга ва гIадлу.

Цо къоялъ, жиндирго иргаялда ах лъалъалев Танка вукIаго, нахъасан къотIун буго лъим. Ццидахарав гьев рахъил бетIералде щвелалде, жиндирго ахикье лъимги балагьизабун, вахъун чIун ватун вуго росдал «кинто» (бергьанчи)-жиндиего бокьа-бокьараб гьабун росдацаго тарав чи. РекIелъ рахIатхвей бугониги : «Валлагь, теларо дица гьазда, дунго гьаб бакIалда хваниги, хIал лъазе»,-ян ракIалдеги ккун буго гьесда.

Сверухълъиялда, гьезул ккезехъин бугеб жоялъул халккун, мадугьалзабиги рукIун руго. Вортун жиндирго рахъалде лъим балагьизабулев вукIарав Танкаде тIаде гъулгъудилаго вачIунев вукIарав гуржиясе битI ккун гьечIо.Тириго гьесда данде кIанцIарав Танкал бетIер щун буго «кинтол» чохьолъ. ХIатIикьа гирун гамачIгун гуржияв лъел цIураб рахъниве ккедал, щокъроб нусги цузабун Танкаца «бергьанчиясе» хвалилаб хIинкъи кьун буго. Рортун рачIарал мадугьалзабаз гьел ратIаги гьарун кIудияб маслихIат-рекъел гьабула. Танкал лебаллъи гуржиязе цIакъ рекIее гIун буго ва «бергьанчи» лъугьун вуго гьесул кIудияв гьудуллъун. Гьебго заманалда Бакъбаккул Гуржиялда хIалтIулеб букIун буго парангазулгун гIурусазул цадахъаб пахьул магIдан бахъулеб компания.

Танкал лебаллъиялъул хабар рагIарал компаниялъул нухмалъулез, гьев жидехъего Телави шагьаралде вачун вуго бакI-бакIалде ун гIарац бикьулев кассирлъун хIалтIизе ва кьун буго гьесухъе кIиго чу бараб фаэтонги.

Цо къоялъ кIудияв вацасухъе щвезе вачIарав вац ХIажиудуратгун цадахъ Танка ашбазалде лъугьун вуго. Кваназе жо босизе арав кIудияв вацас, живго гIодов чIараб столалъул рагIалда лъун батараб цо гурараб жо щибдаян балагьидал, ХIажиудурат лъавудаса ине вахъун вуго. Гьеб букIун буго берцинго къарал гIарцул пачкаби. ХIажиудурат вацасда гьардон вуго рачIайин гьаб гIарацги босун росулъе тIуризеян. Танкаца абун буго, тIуризеяли бигьаяб жо бугин, цо нилъго гIадал хIалтIухъабазе кьезе кколеб жо гьечIебани абун.

Танка вукIун вуго жинда тIадкъараб иш ракIбацIцIадго ва мухIканго тIубазабулев чи. Гьединлъидал, компаниялъул нухмалъулезеги гьев вокьулев вукIун вуго, ва гьесул къимат гьабулеб букIун буго. Цо къоялъ хIалтIухъабазе харж бикьизе унев Танкада нахъасан тункIил кьвагьи рагIун буго, тIадвуссингун гьесда вихьун вуго, риччан чуялгун, тIаде вачIунев лъабгояв. Жиндихъго бугеб гIарцул цIураб къандалъо хвасар гьабизе хьулгун, рухIалда барахщичIого цIалаца роркьизарун чуялгун, хъамун фаэтонгун унаго, хъачагъаз кьвагьун бачIараб гулица Танкал кваранаб гъеж лъукъун буго.

ВорчIизе бакI гьечIеблъи лъараб мехалъ гьес, биччантун чIолохъжогун, кинабго гIарац бихъ-бихъун, тIутIун бан, мунпагIат босизе бегьуларедухъ гьабун буго. Цо заманалдаса тIаде щварал хъачагъазда бида вецIцIулаго лъавудаса арав гIолилавги тIутIун бараб гIарацги батун буго. ГIолилав хун вугиланги ккун, хъачагъал гьениса тIурун руго. Гьенире тIаде щварал полициялъулаз Танка вачун вуго Телави лазареталде ва бихъ-бихъараб гIарцул къандалъо щвезабун буго компаниялъул банкалде. Гьеб гьунаралъе гIоло компаниялъ Танкае кьун буго гIемераб гIарац. Гьаб иш ккун буго1891 соналъ, Танка жиндирго росулъе тIадвуссун вуго. Гьениб гьес бараб цIияб мина гьабсагIатги архитектурияб памятниказул цояблъун ккола. Гуржиялдаса щвараб гIарцухъ гьес босун буго кули-ракьги, кIудияб гIиял рехъенги ва ккун вуго мухьдахъ вехьги.

1903 соналъ Танкаца ячун йиго Якъупил Гулал яс Зайнаб ва гьезие гьабун буго анлъго лъимер. Гьездаго гьоркьов вукIинисев генерал-полковник МухIамад Танкаевги.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

21