Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

20.10.2019 12:01 Воскресенье
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЖамагIаталъул газа Цолъиялъул къуват

ГIемерав чи гIахьаллъараб гвай букIана анцIго къоялъ цебе Ругъелда росулъ. МагIарухъ гIумру гьабун ругел гурелги ХIебдасан, шагьаралдаса рачIунги гIахьаллъана гьенир росдал гIолохъаби. Щивасул бажари, хIажалъи бихьун хIалтIиги тIадкъан, гIадамал рикьана цо чанго къокъаялде.

Субботникалъул хIасилалда, машинаялъул нух жанибе гьечIеб, росдал цо авалалда бетонги тIун гьабуна 15 тонна лъадал жаниб унеб хIавуз. Руччабаз мугъалъ, гIолохъабаз тачкаялъ баччана гьенибе цемент, ракь, чабахъ ва цоги хIажатабщинаб.

Цогидаб авалалда, къватI ракьандаса ччукIун рачIунел бакIазда, гьабуна ганчIил къед, гвенд, рахъал ругел бакIал ритIизаризе баччана чанго грузовой машина ракьул.

Гьебго къоялъ гIолохъабазул цогидаб къокъаялъ лъикIаб хIалтIи гьабуна росдал цIияб авалалда балеб мажгиталда.

Къаси бецIлъи цIикIкIарал бакIал балагьун росдал къватIахъ лъуна лъикIаб канлъи кьолел чирахъал.

ГIемерав чиясе хIухьбахъизе ине бокьулеб, берцинаб тIабигIаталъул гIатIилъухъ буго, цебе колхозалъул ферма букIараб, Белъдаб кули. Гьеб минаялъул тIохги къачIан, 120 кв.м. тIад махх ккуна.

ТIубан мадрасалъул мутагIилзабиги мугIалимзабиги къватIире рахъун къачIана росулъе бачIунеб иццул бетIер ва гьеб лъадал мухъ.

ХIалтIухъабазе квен-тIех гьабиялъул жавабчилъи тIадкъан букIана цоги къокъаялда. ЖамагIаталъул хьагазухъ хIадурараб, цадахъ кванараб нигIматалъги жеги гIагар гьарулелъул ракIал.

ГIиси-бикъинаб жо рехсечIого, гьеб буго цохIо къоялъ гьабураб хIалтIи. Лъалеб жо буго гьединал хIалтIаби рагIалде рахъинаризе ккани, гIадамазул кверал гурелги саламатаб киса-гIарац къваригIунеблъиги. Гьенибги кIудияб бутIа лъуна росуцоязул сурсатаз. Щибаб рукъалъ гIахьаллъиги гьабунин абизе бегьула. ГIицIго Белъдаб кулиялъул тIохда махх кквеялъе гурони росдал администрациялъул бюджеталъе ресги букIинчIо. ХутIараб, чанго нусазарго гъурущ гIарац жамагIаталъ бакIарана.

Лъиего балъголъи гуро къелдерил гIадамал росдал магIишаталъул яшавалда ругел, кIудияб бечелъиялда хадур лъугьинчIел, гIадатиял чагIи рукIин. Амма гьезул ракIазул сахаватлъиялъ гIемераб хIалтIи гьабулеб буго росаби цIилъиялъе, яшав лъикIлъиялъе. Гьеб кинабго хIалтIи лъугьинароан росдал имам, администрация, школа, мадраса цадахъ гъункун, цого пикруялда хадур рилъунел гьечIони.

Аслияблъун бихьула дида цолъиялъул къуват бичIчIи, жамагIат гъунки, хIажатаб къоялъ масъалаби тIуразариялъулъ гIолохъаби гIахьаллъи.

АхIаралъе жавабги гьабун шагьаралдаса, ХIебдаса рачIарал гIолохъабаздаса Аллагь разилъайги.

Умумузул ракьалъе, рижараб росдае кумек гьабизе щвеялдаса рохун тIадруссана гьел жиде-жидеца яшав гьабулел бакIазде. Сахаб пикруялъул, иман бугев чиясе гьединал ишаз ракIалъе парахалъи кьола.

Дида ккола гьадинал ишазул нилъеца цIикIкIун бицанагIан, бихьизабурабгIан пайда бугин. Нилъер районалъул гIемерал росабалъ гьабулеб буго реццалъе мустахIикъаб кIуди-кIудияб хIалтIи. Гьездаса мисал босун, цогидал росабазул жамагIатазги хIалтIи гIуцIилин ккола. МагIарухълъи бокьулел ракьцоязул читIирал гIемерлъи буго нилъер мурад.

Унго-унгоги ракI боххулеб букIана гьеб къоялъ жамагIаталъул цолъиялъухъ, гъункиялъухъ балагьун.

ГIолохъабазда гьоркьоб жеги цIикIкIайги гьуинлъи, вацлъи, ВатIаналде хIурмат.

Ниж гIадин Аллагьги разилъайги нужедаса.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6