Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

25.01.2019 11:59 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Нижер мурад- херазул адаб цIуни

Автор: С. ГьитIинамухIамадов
корреспондент
Источник: газета "ЕДИНСТВО"

Жакъасеб къоялъ пачалихъалъ кIудияб кIвар кьолеб буго херазе, щокъазе гьабулеб хъулухъ лъикIлъизабиялде. 2014 соналъ къабул гьабуна РФялда социалияб хъулухъ гьабиялъул Закон. Советияб заманаялъцин букIинчIеб, херазе, щокъазе хъулухъ гьабизе рагьана хасал централ,гьенир хIалтIизе лъуна хасаб социалияб лъай босарал специалистал. Гьезул нухмалъиялда гъоркь хасаб сияхIалдеги росун, харжалги кьун хIажатал гIадамазе хъулухъ гьабизе тана социалиял хIалтIухъабиги. Нилъер районалда бугеб халкъалъе социалияб хъулухъ гьабулеб комплексияб централъул (КЦСОН) нухмалъулев Ибрагьимхалилов Ибрагьимилгун хIалтIулги гIоларел рахъазулги бицун гьабураб гара-чIвари кьолеб буго жакъасеб номералда.

-Ибрагьим, мун гьаб хъулухъалде вачIана 2015соналъ. Сундаса хIалтIи байбихьараб? -Дица хIалтIуда байбихьана специалисталгун росабалъе сапарал гьариялдаса. Социалиял хIалтIухъабигун цадахъ щвана щивав нижеца хъулухъ гьабулезухъе рокъоре.ЦIехана гьезие гIолеб гIолареб, хъулухъ гьабулездаса рази ругищали,балагьана хIалтIул тетрадазухъ. Ахиралда щибаб росулъ ругел соцхIалтIухъабиги данде гьарун тIобитIана семинар. Гьездаса тIалаб гьабуна гьабураб хIалтIул акт (акт выполненных работ). Гьединго щвана рагъул заманаялъ тылалда хIалтIаразухъеги.

Нижерго хIалтIулеб бакIалда чIезабуна низам. Щибаб хIалтIул къоялъул графикги гIуцIун, централда чIезабуна специалистазул дежурство, нижехъе къваригIелалъ вачIарав чи хIажатаб бакIалдеги вачун гьесул мурад тIубазе. Централда байбихьана ремонт гьабизе, коляскаялда рекIун жаниве вачIине гьаруна пандусал. Къад заманаялъ херал рукIунеб отделениялъул богорокъоб ва гьез хIухь бахъулеб рокъобги гьабуна ремонт. Гьениб лъуна телевизор, газетал, журналал, спортинвентар.

- КЦСОНалда кина-кинал отделениял ругел ва хъулухъ гьабизе кинал чагIи росулел? — Централда буго 6 отделение: херазе рокъоб хъулухъ гьабулеб лъабго отделение, хъизан-лъималазе хъулухъ гьабулеб, хехаб кумекалъул, къад хераз хIухь бахъулеб ва квен кьолеб отделение. Нижеца хъулухъ гьабизе тIаде росула тIалаб-агъаз гьабизе чи гьечIого хутIарал херал ва гьединалго сакъатлъаралги.

-Кинал тIалабал рукIунел гьел гIадамазе хъулухъ гьабулел хIалтIухъабаздехун? — Кинавниги централда вуго 73 соцхIалтIухъан. Гьезул щивас хъулухъ гьабула ичI-ичI чиясе. ХIалтIуде росулаго гьезулгун хъвала къотIи-къай:тIадаб хIалтIи ракIбацIцIадго гьабизе, рихьизарурал хъулухъал жиндир заманаялъ гьаризе, херазул гIузро-гIайиб къватIибе загьир гьабичIого тезе, гьезул адаб-хIурмат цIунизе.

-Араб, 2018 соналъул хIалтIи кинаб букIараб? -Нижеца хъулухъ гьабизе кколел чи руго 1464чи,гьездаса 69 лъимер. Щивав чиясе хъван бихьизабун букIуна гьабизе кколеб хъулухъ(рукIа-рахъиналъул, унтун ккаразе температура, давление борци,тохтур ахIи, дараби роси ва гь.ц.) Хъулухъ букIуна чIобого ва мухьдахъ гьабулеб. Мухь босун хъулухъ гьабула гьесул пенсиялъул къадар бищун гIодобегIан гIумру гьабизе бихьизабуралдаса цIикIкIун бугони, гьеб гьоркьоб бугеб батIалъиялъул 50%де щвезегIан къадаралде. Араб соналъ гIарац босун хъулухъ гьабун буго 217 чиясе ва чIобого 1247чиясе. Гьабураб хъулухъалъул къадар бахун буго 132567 ва мухьдахъ-52249. Централда буго попечительский (къайимлъиялъул) советги анкьго чиясдаса гIуцIараб. Гьеб советалъ рес бугел чагIазде, СПКялъул, идарабазул нухмалъулезухъе ахIи бала херазе, щокъазе кумек гьарун. Гьедин СПКялъул бутIруз жидерго росабалъ ругел язихъазе хIан, нах, гьан кьун буго 34 чиясе, кинабниги 26700гъурущалде ккараб. Улкаялда кIодо гьабулеб ригь арал гIадамазул къоялда банги кьун буго 220 херасе 220кг.гьан,250кг.хIан,20кг.нах. Гьединго централъул хIалтIухъабаз рес бугезухъа, предпринимателазухъа бакIарун буго 32200гъурщиде кванил нигIматал, 36100 гъурщиде ретIел ва 20100гъурщиде хьиталги. Гьел рикьун руго кумекалде хIажатал 265 хъизамалъе. Централда къад заманаялъ рачIун хIухь бахъулеб отделенияда (отд.дневного пребивания) къаде кваназарула щибаб къоялъ 19 чи, гьенире рачIине кIоларезухъе квен рокъобеги щвезабула.

-Райадминистрациялъулгун кинаб бухьен букIунеб?

-Районалда тIоритIулел Бергьенлъиялъул къо, Херазул къо, Сакъатазул къо,Эбелалъул къо гIадал ва цогидалги байрамал тIоритIула районалъул нухмалъулезулгун дандбан, гьезул вакилзабиги гIахьаллъун. Гьединал тадбиразда 20-25 чиясе хIадурун кванил нигIматазул пакеталги кьола, концерталъул номералги рихьизарула. Централъе къайимлъи гьабулев райадминистрациялъул заместитель Камил МухIамадовги ризго щола нижехъе къваригIараб хIажатаб цIехон.

ГьабсагIат нижее гIолареб жо буго цIияб оргтехника, гьеб дагьаб басралъун буго, гьелъиеги нижер министерствоялъ кумек гьабизе рагIи кьун буго.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

13