Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.04.2017 09:17 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЛъикIал къасдазул, щулияб нияталъул хIаракатчи

ЛъилгIаги юбилей бугин исанаян рагIараб мехалъ, гьебсагIатго вачуна гьадинаб пикруялде: «Щибдай гьабуна гьадав чияс жакъа къоялде щвезегIан гIадамазе хайираб хIалтIи, вукIанадай гьев жамагIаталъе пайдаявлъун, цохIо жидеего гIолодай дос гIумру гьабураб, яги жеги ракьцоязегийищ» — ан. Дир юбилей гIагарлъулеб бугилан бищун аскIосел чагIаздацин бицине лъидаго рекъараб гьечIо, амма гьесул хIурмат гьабулел, гьевгун цадахъ хIалтIулел, гьев лъикI лъалел гьудул-гьалмагъзабазда гьеб кIочене бегьуларо. 

ЛъикIал къасдазул, щулияб нияталъул хIаракатчи

            ЛъилгIаги юбилей бугин исанаян рагIараб мехалъ, гьебсагIатго вачуна гьадинаб пикруялде: «Щибдай гьабуна гьадав чияс жакъа къоялде щвезегIан гIадамазе хайираб хIалтIи, вукIанадай гьев жамагIаталъе пайдаявлъун, цохIо жидеего гIолодай дос гIумру гьабураб, яги жеги ракьцоязегийищ» — ан. Дир юбилей гIагарлъулеб бугилан бищун аскIосел чагIаздацин бицине лъидаго рекъараб гьечIо, амма гьесул хIурмат гьабулел, гьевгун цадахъ хIалтIулел, гьев лъикI лъалел гьудул-гьалмагъзабазда гьеб кIочене бегьуларо. Тохлъукьего тIаде бачIараб хабарлъун лъугьана диеги, Ибрагьимица дагьал цере къояз 75 сон банилан рагIараб мехалъ. Инсанас санал цIикIкIун ранагIан, гьес гIумруялда нахъ тараб нухалъул ва гьабураб хIалтIул хIасил гьабизе рес щола. Цоязул гIумру гIадада дунялалда хьвадун араблъун, цойгидазул – халкъалдаго кIочонареблъун батула. Щивасе жидеего бокьараб нух тIаса бищизе ресги гьечIищха.

            Къойилго кIалъа-басаязулъ нилъеца гIемер рехсола машгьурал, кинабгIаги рахъалъ церетIурал яги батIи-батIиял хъулухъазда ругел гIадамал. «МачIадаса Ибрагьим» — ан абулебги гIезегIан рагIула. Дида ккола, гьеб цIар бахъингун, гIемерисезда Ибрагьимица гьанжелъизегIан гьабураб хIалтIи гуребги, гьесул гIамал-хасияталъул лъикIал рахъал цере чIолилан. Инсан хIисабалда, гьев киназдаго лъачIониги, Ибрагьим  ХIажиевасул нухмалъиялда гъоркь МачIада гьоркьохъеб школа кинан цебетIурабали лъаларев чи дагьав ватила. Гьесул бажариги, лъайги, гIакълуги бихьичIебани, тIамилаанищха гьев районалъул лъай кьеялъул нухмалъулевлъунги. Нужеда ракIалда батила, хIурматиял газета цIалулел, кинан жанибе гали тIамизе намусаб хIалалъ цебе гьелъул мина букIарабали. Гьеб къачIаялдаса ва кинабгIаги рахъалъ гIадлу чIезабиялдаса байбихьичIищха Ибрагьимица жиндирго цIияб хIалтIи. Гьесул ва гьес нухда рачунел хIалтIухъабазул хIаракаталъул хIасиллъун ккана Шамил район республикаялда ва жеги къватIибехунги гIезегIан борхатаб даражаялде бахъин. Нилъеца гIумруялда гьабурабщинаб лъикIабги квешабги, бумеранг гIадин,  нилъехъе нахъбуссун щола. ЛъикIаб къасдгун, ниятгун гьабулеб ишалдацин лъил бугониги тохлъабиги камуларо, амма хIалтIуларев чиясул гъалатIалги рукIунарелха.   

            Школазул нухмалъулезда, мугIалимзабазда кин лъачIого хутIилеб, цIалдохъабаздацин бихьулеб буго жидедехун Ибрагьимил бугеб бербалагьи ва тIалаб-агъаз. Районалъул ресалда рекъон гьес щибаб соналъ гIарцул ва цойгидал шапакъатазе рихьизарула олимпиадабазда, конкурсазда ва спорталъул къецазда тIадегIанал хIасилал ругел цIалдохъаби ва гьел хIадур гьарурал мугIалимзаби. Данде ккун гурони гьабулеб хIалтIуе къимат кьезе рес букIунарелъул, Ибрагьим гIадин гIадатияв чиясе хIалае вахъун чIарав районалъул лъай кьеялъул нухмалъулев гIемер вугин нилъер республикаялдаян абизе дида кIоларо. Ибрагьим вуго живгоги хIаракаталда хIалтIулев, гьединан хIалтIулев чиясулги къимат гьабулев инсан. Лъабкъоялда анцIила щуго соналда жаниб гьес лъикIаб ишалде тIамураб гали рикIкIани, цIакъго халалъун ккела гьаб макъала. Бокьун буго нилъер лъикIав ракьцояв ва махщелчи Ибрагьим Ибрагьимовичасе, юбилейги баркун, жеги 25 соналъ жигарго хIалтIизе бажаруледахъ сахлъи гьаризе, рохалида тайги гьесул лъимал-хъизаналги.

А.А. АХБЕРДИЛОВ, ТIидиб школалъул тарихалъул мугIалим.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

15